Сценарий литературно-музыкального представления, посвященного Году экологии и охраны окружающей среды

Страницы: <<  <  5 | 6 | 7 | 8 | 9  >  >>

1угьдулги харибак1алги

Бокьула дие мун г1агараб Ват1ан
Хирияб буго дий т1олго сверухълъи


Песня "Ват1ан":
Дир г1агараб Ват1ан
Нижер коч1ол сас
Дур г1оразул хъуйгун
Жубазе биччай

Дир х1асратаб улка
Дур рохьазул кеч1
Нижер бакъназулъе
Цолъизе гьабе
Дуца малъухъе

Дур хурзабахъ даим
Т1орщел гьелчезе
Х1алт1изе руго ниж
Дуца абухъе

Дур ахикь кидаго
Х1анч1и ах1дезе
Ц1ализе руго ниж

Вед: Хириял гьалбал, нилъее лъималаз жакъа рик1к1ана ва ах1ана бат1и-бат1иял куч1дул т1абиг1ат к1одо гьабун. Нилъ данделъиялъе г1иллалъун бук1араб лъим бахинабиялда гьанже нилъер ирга щвана.
Раххан бугеца раххница бухъе, газа бугеца гьеб х1алт1изабе, т1олгояз г1ахьаллъи гьабе. Гьаб кири бугеб тадбир буго. Лъимал х1алт1улел руго.

Вед: Огь нуж ч1аго хут1аял, огь нужее сахлъи кьеял. Т1аде-т1адеги гьадин данделъизе хъван батаги. Гьанже нилъее цо гьит1инаб дуг1а гьабизе буго нилъерго Мух1амадица.

Дуг1а:
Хур-ах буччун ц1ураб батаги
Ич1-анкь гьабун т1ирщаг
Т1орол мугь х1аллъаги
Хурисан гьелчолаго бач1аги
Гьава-нур рекъаги
Рокъоса мискинлъи лъуг1аги
Г1иялъ куйдул ч1ах1алъаги
Ч1алда мох-мох бицалъаги
Т1арсида таругеги
Таптидаса хъуштугеги
Васал бах1арзал лъуг1аги
Ясал мусудул лъуг1аги




Вед: Лъимал, нилъеца рахънибе бачана лъим, амма гьеб лъим нилъее г1оларо, щайгурелъул нилъер ахал-хурзал руго г1емерал. Аллагьас нилъее ц1адал кьеч1они нилъер хурзал ракъвала. Гьединлъидал нилъеца Аллагьасда гьаризе кола ц1ад кьеян. Рач1аха гьаризе.

Дети: Я Аллагь ц1ай-ка, ц1удух1ма ц1ай-ка.
Танец дождевика "Ц1удух1мы".
Вед: Хириял лъимал, пихъ берцинлъиз

Страницы: <<  <  5 | 6 | 7 | 8 | 9  >  >>
Рейтинг
Оцени!
Поделись конспектом: