Сценарий литературно-музыкального представления, посвященного Году экологии и охраны окружающей среды

Страницы: <<  <  7 | 8 | 9 | 10 | 11  >  >>

улей
Къо ккедал х1ажаталъуй
Росуцоялгун ч1олей


Ученик
Рорхатал муг1руца жаниб бачараб
Лъаразул чвахиялъ бакънал рачунеб
Лъик1а-лъик1ал г1адамаз ц1ар инабураб
Дие мун бокьула, дир Болъихъ рос
Росу сверун чармил кьураби ру
Гьелъул парахалъи ц1унун кинниги

Г1адамазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи
Гьезий умумуца ирсалъе тараб
Балъхъадерил росу, г1елмуялъул ицц
Г1емер г1алимчи кьураб жамаг1ат
Г1арабустаналда ц1ар т1обит1арав
Бадрудин- х1ажи гьавураб росу


Песня "Г1агараб росу":
Рии их бечедаб, хасел берци
Жиб рек1ел т1иналда т1егьлъун кунч1араб
Берцинаб, гьайбатаб муг1рузул т1алъи
Т1ок1аб мун г1адинаб цоги бугодайГьобол гьудуласе х1алай ратулел
Х1алимлъи гурони, х1ели лъаларел
Т1аде бач1араб къо лъимлъун къулч1улел
Болъихъ росулъ ругел лъик1ал г1адамал


Ученик "Дир Дагъистан":
Рорхатал муг1руца иццал беролеб
Гъваридал к1к1алахъан г1орал чвахуле
Г1иял сагабаца гъутаби ц1ураб
Бокьула дие мун, дир ракь Дагъистан
Цоцадехун адаб гьабун к1алъалел
Г1емер миллатазул халкъ жаниб бугеб
Умумузул г1адат щулаго ккураб
Бокьула дие мун, дир ракь Дагъистан

Ученик:
Г1аданлъи ц1ик1к1арал
Ц1вабзазул т1алъи
Ц1ик1к1аразул хъатир
Борхатго ккурал
Бах1арчиял васаз ц1ар инабураб
Бокьула дие мун, дир ракь Дагъистан

Ученик:
Дир хирияб Дагъистан
Зах1матхалкъалъул Ват1ан
Муг1рузул бакълъабазда
Рекьарулел г1адамал

Г1ат1идал авлахъазда
Хер кваналеб г1и-боц1и
Гьавалазда роржунел
Бакънал берцинал х1анч1и

Дир хирияб Дагъистан
Гьайбатаб муг1рул улка
Рик1к1адег1ан раг1улеб
Муг1рул-лъаразул хъуди

Страницы: <<  <  7 | 8 | 9 | 10 | 11  >  >>
Рейтинг
Оцени!
Поделись конспектом: