Сценарий литературно-музыкального представления, посвященного Году экологии и охраны окружающей среды

Страницы: <<  <  6 | 7 | 8 | 9 | 10  >  >>

е, хур бач1изе ц1адал гуребги бакъги къвариг1ула. Рач1а бакъуе кеч1 рик1к1ине.
Ученик:
Биччанте бакъ баккизе
Биччанте бакъ бокьизе
Г1урччингьумералъул ба
Ц1адул вас дуйго ваче
Бакъул яс гьаний яче
Бакъ, дур кьижулеб бак1 щиб?
Ц1адукьа киб бахчулеб?
Росдада т1асан баче
Ч1ег1ернак1к1 нахъе хъаме
Духъ ралагьун ругин ниж
Хехго бач1а нижехъе


Вед: Хириял гьалмагъзаби, гьанже нилъеца байбихьилин рек1ел гъеялде. Гьаниб нилъеца т1орит1изе руго бат1и-бат1иял къецал, спорталъул х1аял, кьурди-кеч1 ах1иялъул ва жеги бат1и-бат1иял конкурсал. Лъимал, т1оцебесеб конкурс нилъер бук1ине буго нилъерго Болъихъ росдае бижизабураб куч1дул ах1иялъул.
Дети по очереди начинают воспевать свое село
Ученик:
Дие мун бокьула дир росу Болъихъ
Дие хинлъи кьураб , дун гьаюраб бак1
Рач1арал гьалбазул къимат гьабулеб
Жиндихъе ккаразул хъулухъ гьабулеб


Ученик:
Рокьула дие дур рорхатал муг1рул Рокьула дие дур т1огьол байдаби
Дие мун бокьула балъхъадерил ракь
Ва хисиларо дуй, щиб къо кканиги


Ученик:
Муг1руца сверун ккураб
Лъарал-иццал г1емераб
Хурзал, ахал гьарзаяб
Гьайбатаб Болъихъ росу


Ученик:
Бух1ун щвараб бакъалъги
Х1анч1азул ч1ич1иялъги
Кьаг1азул гъадиялъги
Ч1аго гьабун буго гьеб
Ученик:
Маргьабазулъ г1адинаб
Гьайбатаб т1абиг1атги
Намус-иях1 ц1унарал
Ц1а г1адал г1адамалги


Ученик
: Дир Болъихъ г1адаб росу
Ракьалда цоги гьеч1о
Гьебг1ан дие г1агараб
Дунялалда бак1 гьеч1о


Ученик:
Умумузул нух ккурал
Наслаби жанир г1ураб
Г1умру берцин гьабулел
Махщелчаг1и г1емераб

Ученик:
Дунги гьаб росдал цо яс
Росдал къадру ц1ун

Страницы: <<  <  6 | 7 | 8 | 9 | 10  >  >>
Рейтинг
Оцени!
Поделись конспектом: