ибаб гъот1охъе жиндир
Ч1орал риччан гьаб бакъалъ
Нижее саламги кьун
Ихан буго ах1улеб
Ученик:
Нек1ого их щун бугин
Булбул буго ах1долеб
Ниж ч1аго хут1анилан
Х1ут1ал руго ц1акъ рохун.
Авлахъалда кьаг1азул
Г1оди буго раг1унеб
Г1алахъалда беричал
Бачал руго к1анч1олел
Кварида васандизе
Вас вуго к1удав г1олев
К1одогун хурий ине
Г1амал гьабе Меседо
Ведущая : Льимал, жакъа ниль дандельун руго нильехъе их бач1ин ва гьелдаго цадахъ нилъер гьудулзаби ихдалил х1анч1и рач1инги к1одо гьабизе.
Г1енекке цо!
Раг1улищ х1анч1азул кеч1!
Дозул гьаркьил берцинлъи
(слышны птичьи голоса)
Рач1аха нилъецаги кеч1 ах1изе.
Песня "Гагу":
Дунял хинлъарабго
Хер баккарабго
Гъот1ол т1огьиб бахун
Гогьаб гагуялъ
Гу-гу, гу-гу илан
Биччала гьаракь
Гу-гу,гу-гу илан
Бачула бакъан
Их т1аде щварабго
Т1егь баккарабго
Бохараб ч1ух1араб
Гогьаб гагуялъ
Гу-гу, гу-гу илан
Бачула бакъан.
Ученик:
Маг1арухъе их щведал
Щобазда г1азу биун
Гьеб маг1у г1адин чвахун
Чабхилъ иххал рахъуна
Ученик:
Муг1руца т1ад рет1арал
Г1азул т1анхалги рахъун
Г1урччин харил халг1атал
Хехго мугъалда ч1вала
Ученик:
Маг1арухъе их щведал
Дир рек1ее кеп щола
Кинабго т1абиг1аталъ
Дирги рак1 беэдула
Вед: Ихдал сверухълъи ч1аголъула, т1егьала гъут1би, г1урччинлъула хер, кванч1-кванч1ула, гвангъула бакъ, сверухълъиго ц1ола х1анч1азул бакъназ.
Ученик:
Дунял чарлъулеб буго
Г1азу чапулеб буго Г1урччин хер ганч1азулъан
Цик-ц1ик1к1ун баккун буго
Ученик
Ригьниса гьури
Страницы: << < 3 | 4 | 5 | 6 | 7 > >>