араб
Гьороца х1анч1и араб
Гьаваги т1адагьлъараб
Т1аде щолеб буго их
Ученик:
Г1урччинлъиялъ рахъ ккураб
Т1огьоца ахал ккураб
Мах1 берцинаб т1ансаялъ
Т1алъи гвангъизабураб
Ученик::
Х1анч1азул рак1 бохараб
Х1айванал разилъараб
Лъималазул гьаракьалъ
Гьайбатаб кеч1 ах1араб
Харабаз рукъзал тараб
Унтараз бусен тараб
Дунял ц1илъулеб заман
Гьале т1аде щвана их.
Песня "Их" :
Гьале их т1аде щвана
Т1егь ц1абуц1ун борхана
Рохарал г1аздал иххал
Г1урухъе рекерана.
Гъут1буз гъалал кьурана
Кьижараб лъар борч1ана
Рорч1ами кьун бакъуца
Рукъзал гвангъизаруна.
Хурдузда т1ад ц1вабилъун
Ц1адал гарал кенч1ана
Кибго х1алт1и гьалдана
Гьале их т1аде щвана.
Вед: Хириял лъимал, росдал г1адамал. Жакъа дие бокьун буго нуж ургъизе кинаб бук1ине бук1араб нилъер дунял гъут1би гьеч1они. Гьел т1егьач1они? Х1анч1и,х1ут1хъумур, бат1и-бат1иял г1алхул ва рокъор рук1унел х1айванал рук1инч1ебани, ц1адал рач1они, г1азо бач1они, кинаб мискинаб бакъвараб дунял бук1ине бук1араб. Т1абиг1ат бокьизе, гьеб ц1унизе лъимал нужее гьанжего лъазе ккола.
Ученик:
Росдада нур балеб бигьародул гъвет1
Берал реэдулеб бец1хъах1илаб рохь Гъварилъуда к1к1алахъ басандулеб лъар Катил т1инч1 ицико, т1алил наялги Гьеб т1олабго ккола г1агараб Ват1ан
Гьеб т1олабго ккола нилъер т1абиг1ат
Ученик:
Г1едераб рит1уч1ги къуватаб цигиБакъалъ беэдулеб хъах1илаб зобги
Гъуни пихъил ц1ураб буччараб ахги
Панаял бакъназул булбул х1анч1иг
Гьеб т1олабго ккола г1агараб Ват1ан
Гьеб т1олабго ккола нилъер т1абиг1ат
Ученик:
Дие ц1акъ бокьула гьимулеб бакъги
Кьер-кьерал т
Страницы: << < 4 | 5 | 6 | 7 | 8 > >>