Литературно-музыкальное представление, посвященное 75-летию со Дня Победы в Великой Отечественной войне

Страницы: <<  <  12 | 13 | 14 | 15 | 16  >  >>

а, кIваричIо, кIваричIо дие,
Я дарман, я катан, я квасквас, я лъим, -
Квер гуро, бер гуро, балагье рекIехъ. . .
РагIулищ чулчули чваххулеб бидул.
Щай, яц, хIетIе лъолеб гIоралда цебе,
Щай чIаян абулеб унеб бакъалда. . .
Мун йиго ахираб харбие гIадан,
Мун йиго хутIараб хIухьелалъе нугI.
Дун гьечIо, дун чIвана, дида гьеб лъала, -
Гьанаца бицана, рукьбуз бицана.
Дие мун йокьулей яцлъун йикIана,
ЙикIа мун гьадинай дун хун хадуйги.
Дир чода цIал кьабун, цIум гIадин йоржун,
А Дагъистаналде дир хабар босун;
Абе эбелалда дур вас камунин,
Абе ячаралда рос ватIалъанин.
Ва вацасда бице дун гьечIин абун,
Ва дир гьитIинав вас, гьанжего гьанже
Дадаян абурав дир вокьулев вас,
Досда цIар бахъуге, дов гьитIин вуго. . .

- Огь, кинал бераца дун балагьилей
БецIаб хабар лъарай херай дур бабахъ?
Кинал рагIабаца магIу бацIцIинеб
РецIцIулел беразул дур лъадиялъул?
- Дир каранда бараб, бестIал хутIараб
БагIараб орден кье эбелалъухъе: -
Долъ гьикъизе гьечIо дун хванищилан,
Долъ гьикъизе буго кин дун хвараван.
Абе, ургьиб гьагаб гулла букIаго,
Дица бартиялда цIал кьабунилан.
Абе, рекIелъ хвалил ругъун букIаго.
Дица тушманасда хвалчен кьабунин.
Хадуб дир гулбуца щуцIул басараб
Шинель кье йокьулей лъадиялъухъе, -
Биччанте магIида дализе гьабун,
Диде бугеб ургъел гьелде бикьизе.
Эбел херлъун йиго, гьей хадуй гъела,
Лъади цогиясе ине бегьила,
Амма гьитIинав вац. . . гьесухъе дуца
Дир хвалченги, чуги, таманчаги кье!
Биччанте, гьесул чол гьагаб пунхъиялъ,
Дие хабал макьу гьуин гьабизе,
Хвалчадул балада гIодараб биялъ
Балзамалъ кинигин дир ракI къачIазе.
Васасе, васасе ругънатIа бугеб

Страницы: <<  <  12 | 13 | 14 | 15 | 16  >  >>
Рейтинг
Оцени!
Поделись конспектом: